БетӀераб гьумер
| ||||||||||||
Жакъа тІаса бищараб макъалаАвар мацӀ (aw.ˈar mat͡sʼː) яги магӀарул мацӀ (ma.ˈʕa.rul mat͡sʼː) ккола Бакъбаккул Кавказалда (тарихияб Аваристаналда) жиб бугеб Нахгун-Дагъистаналъул хъизаналъул, Авар-гIандисезул-цІунтІасезул гIаркьелалъул Авар-гIандисезул къокъаялъул мацIлъун. Авар мацІ тІибитІун буго аслияб къагІидаялъ Дагъистаналда ва ЦІоралда, буго гьединго Чачаналъда, бакъбаккул Хъизихъалда, ва Туркиялда ругел авар мужагьирзабазда гьоркьоб. Ккола Дагъистаналъул расмиял мацІазул цояблъун, гьединго Дагъистаналъул бакътІерхьуда, ай тарихияб Аваристаналда бугеб лингва франкалъун (БолмацI). Авар адабияталъулаб мацІалъул кьучІалда буго гьебго БолмацI — магӀарухъ гӀумру гьабун ругел гьитӀинал тухумазул ва тайпабазул жидедаго гьоркьоб бо (аскар) бакӀарараб мехалъ бицунеб букІараб мацӀ, жибги авар мацIалъул шималияб тІадкаламалде гъорлъе кколеб. КІалъалезул къадар бахуна цо миллионалде. Авар мацІалъул фонетикияб гІуцІиялда буго гІатІидаб рагьукъал гьаркьазул (консонантазул) система, жиндида жаниб къвакІаралги (геминатал) лабиалиял рагьукъалги ругел. Рагьараб гьаракь адбияталъулаб авар мацІалда буго щуго, гьел руго гІадатал, кирго абула кӀудияб хиси ккечӀого, ай аллофонлъи гьечӀого, амма адабияталъулаб мацІалде бищун гІагараб кколеб хундерил мацІалъул сверелалъул гаргаразда дандчӀвала халатал рагьарал гьаркьалги. Жакъа къойил лъикІаб макъалаСуракат — аваразул нуцал, жив, цо-цо баяназда рекъон, XI гІасруялда, цогидал баяназда, XII вукІарав. Нуцал Саратанил вас. Бакихановасда рекъон, Абу Муслив вукІун вуго гьижрияб V гІасруялда, ай 1009 ва 1107 соназда гьоркьоб заман. Суракъат нуцалил заманалда гІуцІула тах ирсалъе кьеялъул тартиб, жинда рекъон Суракъатил ирсалъул варисзабазе гурони ихтияр букІинчІеб Аваристаналъул тахида рукІине. Суракъатил рагІият букІана насранияб ва жугьутІ дин ккурал, хъанчие лагълъи гьабулел. Нуцал рикІкІунев вукІана цІакъ къуватав, рагІи билъарав бетІерлъун. Авар нуцаласе мутІигІал рукІана Шамахалдаса бахъараб Кабардаялде щвезегІан ругел киналниги халкъал, Тушетия ва чачанал. Императорасулаб географияб жамагІаталъул хъвай-хъвагІаялда рекъон, Суракъатица «ханлъи гьабулаан буго Шамахалдаса бахъараб Кабардаялъул гІорхъоде щвезеган ругел халкъазе, чачанал ва тушиял абуни рукІана гьесул рагІиятчагІилъун».
Жакъа тІаса бищараб сурат
Балагье энциклопедиялда
РачІа данде бан хъвазе!Хириял магӀарулал! ХӀурматиял авар мацӀ бокьулел!
Авар Википедиялда жидорго лъалкІ тезе бокьараз гІахьаллъи гьабизе бегьула авар мацІалъулги, миллаталъулги ватІан Аваристаналда хурхарал темабазда гъорлъ. Гьаб Википедияги Авар мацІалда бугелъул, гьанир цогидазда цадахъ рукІине рекърал руго Авар мацІалдаги, миллаталдаги, маданияталдаги тарихалдаги, тІолго Аваристаналдаги хурхарал макъалаби, гьединлъидал Авар Википедиялда гьаб моцІ хас гьабун лъазабулеб буго |
Щай хъвалареб цІияб макъала?Авар Википедиялда жакъа къоялда жаниб буго 2469 макъала, гьединлъидал дуе хъвазе бокьараб махъала гьаниб жанибги батизе бегьула. Цин макъала хъвалалде цебе дуца гьеб хъирще гьаб формаялда. Гьеб батичIони, дуе хъвазе бокьун бугеб макъалаялъул цІар хъвай гьаб гъоркьехун бугеб мухъалда жаниб ва хІадуре макъала. КантІизари! Хъвазе бугеб макъалаялъул цІаралда ругони (тІ, кІ, чІ, цІ) ва гьел гурелги, хадуб мухъ лъезе кколел хІарпал, нужеца хӀалтӀизабе кириллияб алипбаялъул мухъ. Гьеб лъезе бегьула гьанисан насхуги гьабун (І). Лъалищ дуда?
Википедиялъул ракІалде щвезабиялдасаГьаб къоялъ — 19 Январь Жакъа тӀаса бищараб порталЖакъа тІаса бищараб портал…
|
ГІагарал проектал
|