БетӀераб гьумер

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Перейти к навигации Перейти к поиску


ЛъикІ щварал Авар Википедиялде!
ڸێگ شوارال اوار وێكێفېدێيالدې!
Флаг аварцев.png
Википе́дия — эркенаб, щивасул жинде изну бугеб, гІемерал мацІазда хъвараб интернет-энциклопедия, жиб хІалтІизе биччараб Викиялъул асасазда рекъон.

ГьабсагІаталде щвезегІан Википедиялда хъван буго 2422 макъала авар мацІалда.

Макъала хъвазе Мажлис Файл цӀазе Майдан

Жакъа буго:

РачІа данде бан хъвазе!

Хириял магІарулал! ХІурматиял авар мацІ бокьулел!

Авар Википедиялда жодорго лъалкІ тезе бокьараз гІахьаллъи гьабизе бегьула СагІудиязул ГІарабиялда хурхарал темабазда. Гьединлъидал Авар Википедиялда гьаб моцІ лъазабулеб буго хасс гьабун

Flag of Saudi Arabia.svg
Emblem of Saudi Arabia.svg
СагІудиязул ГІарабиялъул моцІлъун
شهر المملكة العربية السعودية

АЭРОПОРТАЛ:

Жакъа тІаса бищараб макъала

II Рамсесил статуялъул тІасияб рахъ. Британиялъул музей, Лондон.

Рамсес II ТІадегІанав (егип. rꜥ-ms-sw; гІ.-ш. 1303 н. щ. – июль яги август 1213 н. щ.; ханлъиялъул заман 1279–1213 н. щ.) ккола Египеталъул XIX наслуялъул лъабабилев пиргІавнлъун. I Сетил ва Туйял вас. РикІкІуна НекІсияб Египеталъул бищун тІадегІанал ва гучал пиргІавназул цоявлъун. Гьесул ирсилаз ва хадусел египтяназ гьесда абулаан "КІудияв Эменилан" ва "А-нахту", ай "Берьенлъи кколев", абун. Папирусазда ва монументазда гьединго рехсон вуго Сессу абун бугеб халкъияб цІаралдалъуниги.

Греказул ицазда гьев рехсон вуго Озимандиас абураб цІаралда гъоркь (н.-грек Οσυμανδύας Osymandýas), жиб Рамсесил Усирмаатра Сетепенра (Рал хІакъикъат къуватаб, Рал тІасавищарав) абун бугеб тах цІаралдаса лъугьараб.

КІудияв рагъухъан II Рамсесица бетІерлъи гьабуна чанго Леванталде гьабураб рагъул экспедициязе, жидедалъун КанагІаналда Египеталъ цІидасан кверщел гьабураб. Жиндирго бахІарчилъиялдалъун Рамсесица Кадешалъул рагъулъ хвасар гьабуна аскар. Рамсесица ва хеттазул ханас хъвана тарихалда тІоцебесеб раклил къотІи, жиндалъун рагъ лъугІизабураб. Гьединго гьес гьабуна чанго экспедияция Нубиялдеги, жиндие Байт-ал-Валиялда ва Герф-ХІусейналда ругел хъвай-хъвагІабаз нугІлъи гьабулел.

Рамсесица кьучІ лъуна Дельтаялда Пер-Рамсес шагьаралъе, жиб Египеталъул тахшагьарлъун ва Сириялде гьарурал рагъул кампаниязе базалъун гьабураб.

14 соналъул гІужалда, жиндир эмен I Сетица гьев гьавуна принц-регентлъун. РикІкІуна, Рамсес II ханлъуде вачІанин гІолохъанго, ва, лъалеб жо, Египеталъе ханлъи гьабуна н. щ. 1279 соналдаса н. щ. 1213 соналде щвезегІан. Манефоница II Рамсесил ханлъиялъул заманаялъе кьолеб буго 66 сонги 2 моцІги, жакъасел египтологаз, некІсиял иццаздасан лъалеб мухІканаб къо-моцІги (БачІиналъул моцІалъул 27 къо) аслуялде босун, рикІкІуна гьев тахиде вачІанин н. щ. 1279 соналъул 31 маялда абун. Рамсесица гІумрудал 90 ялъуни 91 сон бай мухІканаблъун ккола.

II Рамсесица жиндир ханлъиялъул заманалда жаниб тІобитІула 13 яги 14 ХІеб-Сед (тІоцебесеб тІобитІулаан пиргІавница 30 соналъ ханлъи гьабун хадуб, хадусел тІоритІулаан щибаб лъабго лъагІалидасан) — тІокІав цониги пиргІавнас тІоритІичІелгІан гІемерал[1]. Хун хадув, Рамсес II вукъула Ханзабазул расалъиялда гьабураб хоб-рукъалъув (KV7)

Гьесул жаназа батула ханзабазул балъгояб рокъоб 1881 соналъ, жакъа къоялъ гьеб буго Египеталъул музеялда.

[[Жаниса цІализе| ↪ жаниса цІализе ›››


Гьанжесел лъугьа-бахъинал

Рагъул конфликтал: Йемен (тІаде кІанцІи)ДонбассГІШИПСирия (Кобани)Ливия (шималияб рахъ)ГІиракъАфгъанистанСагІудиязул ГІарабия | Цогидал:Уимблдонил турнир


Solar Impulse

Википедиялъул ракІалде щвезабиялдаса

Гьаб къоялъ — 5 Май


Гьарурал

жеги...

Хварал

жеги...

Лъалищ дуда?

Пётр Багратион
Знаменский килиса
Александр Вишневский

Цитата

  • Воре, къваригIунареб рагIудасан нахъе цIай,
РикIкIалъи тIалаб гьабе тIокIаб хабаралдаса.
Гьелъ дур рекIел гIузраби къватIир загьир гьарула,
Гьудуллъиялде ккараб тущманлъи цIи гьабула.
Сахав чи гIалхуда чIа, гIадамазда вихьула,
ГIадаллъи жиндилъ бугев, цеве чIа – вихьуларо.
ГIалимчи гьаб халкъалъе, хвел гьечIев инсан вуго,
Хабалъ мусру баниги, месед вукIанин толев.
ГIагарлъи какуге кирго ратизе,
Кванайги ретIелги жидерго бугел.
КъваригIараб къоялъ аскIоре индал,
Лъала эзул кумек кибго нилъее.
Инхоса ГӀалихӀажияв


МацІалда битІунхъвай

Дуца хъваге: аллагь абун

Хъвай: Аллагь абун,

Аллагьасул цІаралъул адабги цІунун


Щиб жо кколеб Википедия?

Википедия ккола - гІемерал мацІаздалъун, кІудияб энциклопедия данде бакІариялъул мурадалда биччараб проект. Жакъа къоялда жаниб Википедия буго 280-ялдаса цІикІкІун мацІалда. Цоги-цогиял энциклопедиязда данде ккун Википедиялъул тІокІлъи буго, щибав чиясда гьениб хиса-баси гьабун бажарулеб букІин. Авар Википедия биччана 2005 соналъ, гьелъул гІуна 10 сон. Амма гьедагІан халатаб заманалда жаниб, кутакалда дагьаб гурони баянал хъван гьечІо! РачІа нилъеца кІвараб куцалда, тІад чІун цебе бачинин нилъерго мацІалъул бутІа! Гьабе кумек, тІоцебесеб Авар Энциклопедия цебе ине!

Щай хъвалареб цІияб макъала?

Авар Википедиялда жакъа къоялда жаниб буго 2422 макъала, гьединлъидал дуе хъвазе бокьараб махъала гьаниб жанибги батизе бегьула. Цин макъала хъвалалде цебе дуца гьеб хъирще гьаб формаялда. Гьеб батичIони, дуе хъвазе бокьун бугеб макъалаялъул цІар хъвай гьаб гъоркьехун бугеб мухъалда жаниб ва хІадуре макъала.

КантІизари! Хъвазе бугеб макъалаялъул цІаралда ругони (тІ, кІ, чІ, цІ) ва гьел гурелги, хадуб мухъ лъезе кколел хІарпал, нужеца хӀалтӀизабе кириллияб алипбаялъул мухъ. Гьеб лъезе бегьула гьанисан насхуги гьабун (І).


Жакъа къойил лъикІаб макъала

Салман ибн ГIабдул-ГIазиз Аль СагІуд

Салман ибн ГIабдул-ГIазиз Ал СагІуд (гӀар. الأمير سلمان بن عبد العزيز آل سعود‎‎; гь. 31 декарбалъ 1935 соналъул, Ар-Рияд) — СагІудиязул ГІарабиялъул Къирал, кІиябго хІарамалъул хъулухъчи ва Ал СагІудазул наслоялъул бетIер. Ханасул ханбакIалде вачIана 2015 соналъул 23 январалъ жиндирго вац, хан ГIабдуллагь хун хадуб.

Салман — ккола СагӀудиязул ГӀарабиялъул тIоцевесев хан ГІабдул ГІазизи вас, гьев вукIана Фагьд ханасул бищун божарав гIакълочилъун. ХанбакIалде вачIишалда цебе гьев вукIана тущман нахъе чIвалеб министерлъун (2011—2015) ва Ар-Рияд провинциялъул амирлъун (1963—2011).

Гьавуна 1935 соналъул 31 декабралъ Ар-Риядалда, СагIудил хъизамалда 25-ев лъимерлъун, ХІасса бинт АхІмад Ал Судайрие. Байбихьул лъай гьесие щвана ибну СагIудица жиндирго лъималазе бан букІараб Ар-Риядалъул ханзабазул школалда. Салманица тІалаб гьабуна динияб ва дунявияб гІелмаби.

Салманил 18 сон букІараб мехалъ, гьесул эмен, хан ГIабдул ГIазизица, 1953 соналъул март моцІалда гьев вихьизавуна жиндирго вакиллъун ва Ар-Риядалъул амирлъун. ↪ жаниса цІализе ›››

Жакъа тІасарищарал сияхІал

Дин: Ислам · Аллагьасул берцинал цӀарал · МухӀаммад авараг · Таяммум · Как · Къуръан · Инжил · Таврат · Забур
Дин.

Жакъа тІаса бищараб сурат

Жакъа тІаса бищараб портал

Жакъа тІаса бищараб портал ...

Ахирияб тІаса бищараб портал:
Дагъистан
Дагъистан
Цебесеб тІаса бищараб сияхІ:
Къуръан

Хъирщаде энциклопедиялда

Nuvola apps kalzium.svg

Аслиял гІелмаби
Астрономия · Биология · Геология · Геометрия · Статистика · Физика · Математика · Химия · ТІабигІиял гІелмаби · Ракьул гІелмаби

Nuvola apps display.png

Практикаялъул гІелмаби
Бухьен · Экономика · Медицина · Компьютерал· Къанун· Сахлъи цІуни · Технология · Хурул магІишат · Менеджмент · Инженерия

Gnome-globe.svg

Инсанасда хурхарал гІелмаби
Адабият Археология Тарих Социология Дин Психология Лингвистика Политология Философия

Nuvola apps kcoloredit.png

Искусство ва культура
Архитектура Искусство Хобби Кьурди Дизайн Сурат Адабият РакІгъезаби Музыка Живопись Скульптура Театр Кинотеатр

ГІагарал проектал

Вакиллъи / Embassy Бигьаяб версия Кумек гьабиФонд Викимедиа Контактал Цоги мацІазул бутІаби


  1. O'Connor & Cline (1998), p. 16.